Тёмный
No video :(

Выпуск 1974 ТСШ 

Magomed Shekhaliev
Подписаться 463
Просмотров 5 тыс.
50% 1

Опубликовано:

 

28 авг 2024

Поделиться:

Ссылка:

Скачать:

Готовим ссылку...

Добавить в:

Мой плейлист
Посмотреть позже
Комментарии : 7   
@magomedbiyaslanov7733
@magomedbiyaslanov7733 3 года назад
Гьудуллъиялъе бараб памятник буго!!!сахлъиги баркалаги г1абдулагьие!
@user-om3wm5zf5v
@user-om3wm5zf5v 3 года назад
Сахлъиялда тайги Аллагь разилъайги киназдасаго
@user-np1lp2hh8i
@user-np1lp2hh8i 3 месяца назад
Маша Аллагь
@user-om3wm5zf5v
@user-om3wm5zf5v 3 года назад
1974 СОНАЛЪ Т1ЕЛЕКЬ 1 ШКОЛА ЛЪУГ1АРАЛ ВЫПУСКНИКАЗЕ. К1икъоялда анкьго их сверун буго, Нужее кьабураб ахираб ц1урмил, Ц1ияб г1умруялде нуха рег1араб, Къо-мех лъик1 гьабураб мактабалъулгун. Жеги нуж г1адинал нус-нус г1олилал Их бач1анщинахъе уна гьенисан, Маялъул ахирги , Т1елекь школаги, К1очене бугодай выпускниказда Заман хисаниги , санал аниги Санаца к1оченч1о гьенир таралги, К1удиял г1унаг1ан, г1акълу щванаг1ан, Цоцаца ц1ехана цадахъ рук1арал. Нужер къисматалда т1угьдул т1егьазе Чорхол сахлъи кьолел учительзаби, Нужер наслабазе жеги дарс кьолел, Херлъана, хъах1лъана, канлъи дагьлъана. Кирехун аниги, кире щваниги Реханин раг1ич1о росдал г1адатал, Г1емер сонал къват1ир т1амунаниги, Гьелъул т1абиг1атал теч1о к1очене. К1очоне биччач1о хирияб Т1елекь, Т1аса, гъоркьа авал, Бакъда, Ц1амук1к1ал, Т1ок1к1арал лъимазул дол иццурукъал, Годек1абахъ лъурал гургинал ганч1ал. Дол рак1алдещвеяз цебе т1амулел, Т1екьадерил къват1ал, сухъмахъал, нухал, Свераби г1емерал, г1ет1 т1ун х1алт1арал, Х1алхьиго бихьич1ел, х1ухьго бахъич1ел. Т1ингъазулъ хьвадулел ч1ух1арал васал, Меседил г1ерт1алгун росдал мусудул, Мажгиталда нахъа г1акъилал херал, Г1исинлъималазул добго ч1иргъи-хъуй... Оцбай т1обит1улел, рекьи гьабулел, Росдал г1олохъабаз къецал ах1улел, Чангиталъ къаларел чуял т1амулел, Чаран г1адал васал ч1алде рач1унел. Магъилъ хурзабахъе ц1оросоролъил, Реж бай т1обит1улел, гьоло бет1улел, Гьит1инаб мехалъул дол расандаби, Цо-цо рак1алде щун, релъизарарулел. Рач1 к1удиял рихьун куйдул хъвехъулел, Кули г1адал оцал г1одор т1амулел, Рагъи халалъухъе ц1улал мокъазда Бакьал, гьанал ч1алал ч1иралъ рагьалел. Т1елекь г1умру-яшав хисананиги, Хисич1о умумуз тарал г1адатал, Г1ат1иракьалдехун къисмат хъваниги Къойил нуж рек1еца ц1алеллъи лъала. Г1абдулагь, ургъани классцоязе, Чан бат1ияб къисмат Аллагьас хъвараб, Цоял анищалда г1умру къокълъарал, Бац1ц1адаб къадаралъ нахъе рачарал. Цоял сухъмахъал ккун, шагьраби къот1ун, Къеркьолел х1алалаб маг1ишаталъе, Щивасул х1аракат гъазаватлъидал, Г1адамазулъ пайда - г1умрудул маг1на. Г1олиллъуда рек1елъ рик1ун рук1арал, Рак1алдещвеяца цолъизарурал, Риччанте нуж г1адин, нужер наслабаз, Бац1ц1адго ц1унизе нужер гьудуллъи. Х1ава Таймасханова
@user-np1lp2hh8i
@user-np1lp2hh8i 3 месяца назад
Аминь
@user-js5jw5nd1k
@user-js5jw5nd1k 2 года назад
Амин
Далее
Согратль
4:10
Просмотров 2,1 тыс.
Магомед Шабанов
7:14
Просмотров 604
ВЗРОСЛЫЕ  ЛЮДИ  В МИАРСО
5:13
Просмотров 1,5 тыс.
Шабанов Магомед Гаджиевич
1:49